тема: "Мугlрузул берцинлъи"
Цебе, интернет ва гьелъул ресал рукIинчIеб мехалъ, батIияб улка-ракь, нилъеда бихьичIеб тIабигIат ва гIадамал рихьизе рес щоларого рукIунаан нилъ чанго соналъ яги гIумруялъго. Гьанже нилъер рес буго рокъоса къватIире рахъинчIого бокьараб бакIалъул тIабигIат бихьизе, хIикматал гIадамал лъазе, гьезулгун лъай-хъвай гьабизе.
ЧIиркъатIаса рихьулел мугIрул

Гьал мугIруз сверун ккураб росу буго ЧIиркъатIа.
Гьавуралдаса гIумру лъугIизегIан гьаб тIабигIат буго щибав чIиркъатIисесул берда цебе.
МугIалим

Гьаб иш ккана анцIила щугогIан соналъ цебе цIорараб хасалил декабрь моцIалъ. Дун, росулъ вугев мугIалим, шагьаралде берталъе ахIун хабар бачIана. Дир вацгIаласул васасе лъади ячуней йикIана. Дун берталъе хIадурулев вукIин киналго цадахъ хIалтIулезда лъалаан. Дир гьудул, магIарул мацIалъул мугIалим, ХIасаница гьарана живги цадахъ вачеян ...
... гьесул щибаб лага букIана кьурдулеб, ва барахщулев вукIинчIо гьев я жиндир къаркъалаялда, я жиндир бохдузда, я рестораналъул чIабаралда ...
Къевул рагIалде сапар 21-23.05.2006

Ирагьимов Ибрагьимил "Къевукь чIабатI бахъи" хабаралъе нугIзаллъун рукIина гьал суратал. Нужеда бихьила чIабатI бахъулеб бакIалъул хIутIелал, рес буго тIаса гъоркье Дагъистаналъухъ балагьизе